Тема 2.Халкъияб кечI малъулеб къагIида

 

Халкъиял кучIдузе хасиятаб жо буго гъваридаб магIна ва пасихIаб гIадатаб мацI. Гьел цо нухалъ ахIулел рагIани гIола пагьму бугев чиясе, ракIалда чIезаризе. Гьединал рукIинчIелани, гIeлалъ гIелалъухъе кьечIого, гьел кIочене телаан.

Халкъиял кучIдул рикьизе бегьула батIи-батIиял тайпабазде: кьалул, рокьул, магIаби, кинидахъ кучIдул, бакIиде рахъиналъул кучIдул. Халкъалъул гIумруялда жаниб якъинал лъалкIал тарал тунка-гIусиялъул, рагъ-кьалалъул бицунел тарихиял кучIдул гьарун, цIар лъаларел гьунар бугел кочIохъабаз нилъее памятникал ран тун руго. ГIадатаб халкъалъул ва гьезул церехъаби-багьадуразул бахIарчилъи ва гьунар бихьизабулел гьел кучIдул хвел гьечIеллъун лъугьана. Руго рокьуца pyxlyн хваразулги, вокьуларесе кьолей йикIун хвел тIаса бищарал мусудузулги, мацIица, хIилла-макруялъ хвалде тIамуразулги кьогIаб къисматалъул бицунел кучIдул. Роол бакьулъ савуялъ рухIарал рогьарикIкIтIугьдул гIадин, бухIараб хвалица къаникье рачун арал гIрлилазда хадуб гIодулеб ракIалъ ахIараб пасихIаб магIу халкъияб асарлъун лъугьун, гьабсагIатги ахIулеб буго. Гьединаб магIулъун ккола ункъабилеб классалда малъулеб «Къурулъ хутIарав ГIалиги». Гьеб цIалдохъабазда малъизе мустахIикъаб цо къагIида бихьизабураб мисалияб планги кьун буго гьаб тIехьалъул ахиралда. Гьединлъидал гьаниб тIадчIей гьабулеб буго гьеб асар кинаб формаялда малъаниги, хIисабалде росизе кколел гIаммал рахъазда.

Цин кечI малъилалде учителас цIалдохъабазул лъай-хъвай гьабизе ккола халкъиял кучIдузул рехсарал тайпабазулгун, кицабазулгун, абиязулгун.

Гьеб букIина авалияб лъай-хъвай. Хабар халат гьабичIого микьго-анцIго минуталда жаниб учителас халкъиял кучIдузул тайпаби ва гьезие хасиятал рахъал рицина, цинги кIи-кIи, лъаб-лъаб куплет цIалила рокьул, кьалул, кинидахъ ахIулел, бакIида рахъи­налъул кучIдузул ва магIуялъул, щибаб нухалъ лъималазда тIад къала кочIол тайпа батIа гьабизе. Цебеккун доскаялда яги цадахъ босулеб хъарщиялда, номералги лъун, гьезул тайпаби хъван ругони, лъималазда хехго бичIчIула ва заман тIокI гьабизе рес щола. ЦIалдохъабаз бигьаго кучIдузда цIар чIвала. Хадуб учителас лъи­малазда рихьизаризе лъикIаб буго авар халкъалъул кучIдузул, кицабазул, бицанкIабазул тIахьал, цIализе бокьаразе ругеб бакIги, цIализе мустахIикъал асаразул сияхIги кьезе ккела. Программа гIуцIулез гьеб рахъ гьоркьоб биччан буго: класс тун къватIибехун цIализе мустахIикъаб цониги асар бихьизабун гьечIо. Абухъе пасихIлъиялъулги, гъварилъиялъулги, гIадатлъиялъулги рахъалъ халкъиял кучIдузде щварал асарал къанагIатги рукIунаро, гьеб даражаялде щварал поэтазул цо-цо кучIдулги халкъияллъун лъугьуна. Гьедин бугелъул чара гьечIеб буго лъималазда халкъиял кучIдузул тIагIам лъазабизе. БатIаго гъваридаб анализ программаялда гьечIел кучIдузул гьабизе кколаро, гIицIго пacиxIгo кечIги цIалун, гьеб бижиялъе ва цIунун хутIиялъе гIиллати бицун тани гIола, амма лъималаз гъираялда цIализе росани «Хочбар», «Авар халкъалъул лирика» ва гь. ц. тIахьал, цо-цо бищун жидеего бокьараб кечI рекIехъе лъазабуни, жеги халкъияб кIалзул гьунаралъул вечер гIуцIани, бицун хIал кIолареб пайда бахуна. Гьениб маргьабазда тIасан викторина гIуцIизе, халкъиял кучIдул пасихIго цIалиялъул ва ахIиялъул конкурс тIобитIизе, кицаби тIамизе, бицанкIаби чIвазе, бергьенлъи босаразе сайгъаталъе, тIад хъвай-хъвагIан гьабун, тIехь кьезе бегьула.

Халкъиял кучIдузулгун авалияб лъай-хъвай гьабун хадуб, бегьила «Кьурулъ хутIарав ГIали» малъиялде рачIине. Дарсазул гIуцIи букIине бегьула батIи-батIияб, амма тIубалеб мурад гIаммаб буго:

КечI чвахун, битIун, дурусго цIалиялъул бажари цIикIкIинаби.

БоцIуе гIоло жахIдаялъ тIулалъул вацгицин чIвазе нахъе къаларел гIадамазул тIабгI халкъалъ каки.

3. ГIадатаб анализалдалъун лъималазул гIакълу бегIери.

Кинал тIадкъаял кьуниги, кинаб формаялда дарсал рачаниги, гьеб мурад лъикI тIубаледухъ хIалтIи бачине ккола. Гьеб гьайбатаб кечI гьаб жакъадги магIарул росабалъ ахIулеб букIиналъе гIиллаги буго, гьениб вац тIагIинавиялъе рехсараб гIилла гIадамазда, миллатазда, пачалихъазда гьоркьоб рагъ-кьал ккеялъе аслияб шартIлъун букIин, чияр улкабазул бечелъиялде бидул цIурал квералги регьун, гьеб чахьикье хачазе къваригIун Америкаялъул империалистал дунялалда гIасияб рагъул цIа лъезе гьесадилел руго. Гьел руго дол инсаплъи тIагIарал, эбел-вацлъи лъа­ларел хъантIарал бацIал гIадал, авар халкъалъги кочIолъ нагIана кьурал вацаздасан лъугьарал гIанкъраби, гьанже гьез «Эбелалъул щолеб цебе хурлъун» толеб буго Африкаги, Азияги, тIолабго Америкаялъул континентги. Кверал нахъе росеян абулеб улка кканани, гьез атомалъул, нейтроналъул бомбабиги рорхун халкъазе хIинкъи кьолеб буго: гьедин гурого чIечIони, тIад цIа бакун, гъурун нужги лъугIизарун «цебехуралда» тIад квер лъезе бугин. Поэт Расулица абухъе, гьел руго цоял гIадамазул лъугьарал борхьал, гьезул макруяб мацIги загьруял цабиги «вацазда» хIанчIизе хIадурго руго. Гьеб гъваридаб магIна лъималазда бнчIчIизабичIони, кечI малъиялъул пайда щиб? Гьединаб жакъасеб гIумруялда хурхараб хIасил гьабизе цIалдохъабазда кIвани, учитель разилъизе бегьула. КочIолъ рехсарал лъугьа-бахъинал ккараб заманги чIезабун, нилъер улкаялда хасаб бетIергьанлъи тIагIинабиялдалъун тIокIаб гьединаб тунка-гIуси ккеялъе гIилла тIагIинабуна ва «Инсанасе инсан бацI вуго» – ян абураб кици, «Инсанасе инсан гьудул-гьалмагъ» вугоян абураб кициялдалъун хисанаян, тьединлъидал советиял гIадамазул гьоркьорлъабиги rIицIго гьудуллъи-вацлъи бугилан чIезабила. Хасаб бетIергьанлън билъанхъизабулел капиталистиял улкабазда инсанасул гIумру цIакъго учузаб букIиналъул бицина. Лъималаз жидецаго гьединал хIасилал гьарулеб куцалъ учителас дарс гIуцIани, гьел ургъизе, историялъул дарсазда щвараб лъайги кьочIое босун, дандекквеял гьаризе журала, гьелдалъун цIалдохъабазул гIакълуги бегIерула.

ГIемерисел учительзабаз гьеб тема малъулаго словарияб хIалтIи гьабуларо, гьабизе тIадаб бугониги. Гьенир баян кьезе ккарал гьадинал рагIаби руго: хIилла, рекIкI, гIарщал, можоро тIами, нухъа, хъванкIди, милъир, xIokI. Гьезда тIадеги битIун цIализе кколел рагIабиги руго: кьурулъе, вещал, цIикIкIана, парччи, йилълъана, хъвачIеб. Гьел гурелги диалекталъул батIалъиялде балагьун батIи-батIияб бакIалда баян кьезе ва битIун цIализе кколел рагIаби цогиги рукIине бегьула. TIacaмасаго словарияб хIалтIи гьабун теялдалъун цIалдохъаби махIрумлъула рахьдал мацIалъул бечелъиялдаса ва гьелъул гугьар лъаялдаса.

Халкъияб кочIол мацIалъулги бажарараб анализ гьабиялъ рес кьола асаралъул гъварилъуде раккизе. Ратила чIарал эпитетал: чаран кьуру, тIулил вац, чIегIераб нухъа, чехьалъул эбел, маргъалул черх, бахьинаб нодо, хъурайсин тIагъур, чакаралъул гьан (чакарулаб гьан), магьидул рукьби, бицина гьезул кIваралъул; нухъа кIалъай, гьелде гьари байгIадал маргьабазе хасиятал бакIал ратизе, цIализе тIамила, гьеб форма хIалтIизабиялъе гIилла баян гьабила.

Методикаялъ лъикIаблъун рикIкIуна художествияб асаралъул анализ гьабулаго магIна данде кколел кицаби хIалтIизари. Рехсараб кечI малъулагоги, хъантIи, хIилла-макру какулел, бечелъиялъе гIоло намус бичулел къватIир чIвазарулел кицаби тIамизе, гьезул магIнаги кочIолъ гьабулеб хIасилги дандеккун, халкъалъ нагIана лъие кьолебали баян гьабизе лъикIаб буго.

ПасихIго цIализе ругьун гьариялъул кIиго мурад буго: цIалул бажари борхизаби ва анализ гъварилъизаби. Ролазде бикьун яги бикьичIого «Кьурулъ хутIарав ГIали» пасихIго цIалун бажариялъ бихьизабула цIалдохъаби гьеб асаралъул идеялда хадур гъун рукIин. Хадусел классазда жеги лъабго халкъияб кечI малъизе буго, амма малъарал асаразда гIей гьабун чIечIого, класстун къватIисеб цIали гIуцIулаго, учитблас лъималазул гIатIидго лъай-хъвай гьабизе ккела батIи-батIиял халкъиял кучIдузулгун; хасго ункъабилеб классалъул лъималазе «Меседил мугьал» абураб тIехьалдаса лъималазул кучIдул цIикIкIун цIалани лъикIаб буго.

 
Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»